John.1.1
Matt.19.4; Mark.10.6

Байбихьи

Му­са ава­ра­га­сул тӀо­це­бе­себ тӀехь

Авар ма­цӀал­де тар­ж а­ма

Гьаб тӀе­х ьа­л ъул хӀа­к ъа­л ъулъ ну­жер­г о пик­ра­би гьаб­
адре­сал­да ри­тӀе: ibt_inform@ibt.org.ru
ISBN 978-5-93943-167-5
© Институт перевода Библии, 2011

ЦеберагӀи

Хирияв цӀалдолев!
Дуца цӀализехъин буго магӀарул мацӀалде буссинабураб Библиялъул тӀоцебесеб тӀехь «Байбихьи». Библиялъул буго кӀиго бутӀа – «НекӀсияб къотӀи» ва «ЦӀияб къотӀи» («Инжил»). Гьеб гӀуцӀун буго гӀемерал гӀасрабазул заманалда хъвараб 60-ялдаса цӀикӀкӀун тӀехьалдаса. Гьезда бицунеб буго дуниял бижаралдаса нилъер эраялъул тӀоцересел гӀасрабазде щвезегӀан ккарал лъугьа-бахъиназул.
«НекӀсияб къотӀиялде» гьоркьобе уна «Таврат» (гьелда абула Мусал «Щуго ТӀехьиланги»), аварагзабазул тӀахьал, гӀакъиллъиялъул тӀахьал, тарихиял ва шигӀриял тӀахьал. «Тавраталда» буго Муса аварагасе ва гьесда нахърилълъаразе рещтӀараб Аллагьасул калам.
«Байбихьи» ккола «Тавраталъул» тӀоцебесеб тӀехь. Гьеб хъван букӀана жугьутӀ мацӀалда, тӀоцебе гьелда лъураб хасаб цӀарги букӀун батиларо. БатӀи-батӀиял мацӀазде гьеб буссинабулаго, гӀемерисез гьелда цӀар лъезе пайда босула тӀоцебе гьеб грек мацӀалде буссинабизе хӀалтӀизарурал «лъугьин», «бижи» магӀнаялъул рагӀабаздаса. ЖугьутӀаз гьелда цӀар лъун буго «Бищунго цебе» абун.
Гьаб тӀехьалъул буго 50 бетӀер. МагӀнаялъухъ балагьун гьел рикьизе бегьула кӀиго аслияб бутӀаялде. ТӀоцересеб 11 бетӀералда бицунеб буго Аллагьас жиндирго РагӀудалъун дуниял: зобал, ракь, гъветӀ-хер, рухӀчӀаголъаби ва тӀоцересел гӀадамал – Адамги ХӀаваги-рижиялъул хӀакъалъулъ. Адамицаги ХӀавацаги, Аллагьасул амруялъухъги гӀенеккичӀого, кванана гьез яшав гьабулеб Эдемалъул ахикь бижараб, лъикӀлъиги квешлъиги батӀа бахъизе лъаялъул гъотӀодаса пихъ. Гьелдалъун гьез дуниял мунагьалъукье ккезабуна. Хадубги бицунеб буго Адамил лъималазул – Къабилилги Гьабилилги-гӀумруялъул, НухӀи мунагьазул цӀураб дунялалде тӀаде Аллагьас тӀупан тӀеялъул хӀакъалъулъ. Гьеб тӀупаналдалъун кинабго рухӀ бугебщинаб жо паналъана, Аллагьасул амруялдалъун НухӀица жиндирго гамиде рачун рукӀарал хутӀун. Бабилалъул сиялъул къисаялда бицунеб буго, гьезул чӀухӀи-пахрулъи сабаблъун, Аллагьас тӀоцересел гӀадамазе тамихӀ кин гьабурабали.
«Байбихьи» тӀехьалъул кӀиабилеб бутӀаялда (12–50 бутӀрул) нужеца цӀалила жидер умматалъул эменлъун Ибрагьим авараг кколеб жугьутӀ халкъалъул умумузул хӀакъалъулъ. ГӀумруялъул ахиралде щвезегӀан Аллагьасе ритӀухъавлъун хутӀана Ибрагьим. Аллагьас хӀалбихьулеб мехалда, жив гьесие мутӀигӀав вукӀин бихьизабизе, жиндирго хирияв цохӀо вугев вас ИсхӀакъ къурбаналъе хъвезегицин разилъун вукӀана гьев. Гьелдаса хадув Аллагь гьедана: «Дица дуе баркат рещтӀинабила! Дица дуе наслаби кьела зодихъ цӀвабигӀан гӀемер, ралъдал рагӀалда салигӀан гӀемер. Ва дур наслабазда цере жалго рагьун ина тушбабазул каваби. Дуниялалъул киналго халкъазе баркатлъун лъугьина гьел, мун дихъ гӀенеккидал» (Байбихьи 22:17-18).
Ибрагьимил хӀакъалъулъ къисаялда бицунеб буго гӀараб халкъалъул эменлъун кколев гьесул цогидав васасул – ИсмагӀилил. Гьенибго бицунеб буго ИсхӀакъил ва гьесул чӀужу Ребекъал, жиндир наслуялдалъун жугьутӀ халкъалъул анцӀила кӀиго къавмалъе кьучӀ лъурав гьезул вас Якъубил. Гьез яшав гьабулеб букӀана КенагӀаналъул ракьалда. Гьел рихьизарун руго Аллагьас цӀакъго кӀудияб мурадалъе тӀаса рищарал, чӀахӀиял ишал гьаризе ритӀарал гӀадамаллъун. КенагӀаналъул ракьалда лъугьараб жугьутӀ халкъалъул эмен Якъуб рехсон вуго Исраил абураб цӀаралдалъунги. Ахирисел бутӀрузда гӀатӀидго бицунеб буго Якъубил гьитӀинав вас Юсупил къисматалъул. ГьитӀинго вацаз вичун, гьев Мисриялде ккана. ХӀехьезе ккарал гӀемерал захӀмалъабиги къезарун, Аллагьасул кумекалдалъун гьев вахуна тӀадегӀанаб даражаялде, лъугьуна Мисриялъул кверщелчилъун. Гьес ракъул соназда хвалдаса хвасар гьаруна жиндирго гӀагарал гӀадамал – исраилилал. Гьев аварагасул хӀакъалъулъ магӀарулазда лъала Юсупил ва Зулайхал къисаялдасанги.
«Байбихьи» тӀехьалъул гьеб бутӀаялда гьединго бихьизабулеб буго жугьутӀ халкъалъул умумул цоцазе гӀагарал гурелги, жидеда баркат лъураллъунги рукӀун ругеблъи. Аллагьас рещтӀинабун букӀана гьезде гьеб баркат, гьедин ирсалъе щолеб букӀана наслуялдаса наслуялде.
ТӀехь магӀарул мацӀалде буссинабун буго некӀсияб жугьутӀ мацӀалда бугеб тексталдаса.
Библия таржама гьабиялъул институталъ 2008 соналда магӀарул мацӀалда басмаялде бахъана «Инжил» («ЦӀияб къотӀи»). 2005 соналда бахъана «НекӀсияб къотӀиялъул» цо бутӀа – «Сулайман аварагасул гӀакъилал рагӀаби».
«Байбихьи» таржама гьабиялъул иш рагӀалде бахъана Библия таржама гьабиялъул институталъул хӀалтӀухъабазул ва Дагъистаналъул гӀалимзабазул гӀахьалаб хӀаракатчилъиялдалъун. Гьаниб баркала кьезе бокьун буго гьаб тӀехь магӀарул мацӀалде буссинабиялъе квербакъи гьабураб Россиялъул гӀелмабазул академиялъул Дагъистаналъул гӀелмияб централъул МацӀалъул, литератураялъул ва искусствоялъул институталъе.
ТӀехь басмаялде бахъаразул хьул буго гьаб таржамаялъ магӀарул халкъалъул рухӀияб ва маданияб гӀумруялда жаниб цо бегьулеб бакӀ кквелин.
Библия таржама гьабиялъул институт


магӀарул мацӀ
Байбихьи (2011), Рут, Эстер, Юнус (2017), ГӀакъилал рагӀаби (2005), Пачазабазул тӀехь(2021), Инжил (2008)



Creative Commons: BY-ND 4.0: © Институт перевода Библии; Информацию о лицензии этого издания можно найти здесь: https://wiki.creativecommons.org/images/d/d4/Attribution_3.0_%D0%A1%D0%A1_BY-ND_rus.pdf

Институт перевода Библии
Институт перевода Библии, 101000 Москва, Главпочтамт, а/я 360
ibt_inform@ibt.org.ru
back
close
:
prev / next

Аллагьас дуниял бижана

1 Бищунго цебе Аллагьас зобги ракьги бижана.
2 Ракь букӀана куц гьечӀеб ва низам гьечӀеб. НекӀсияб ралъадалда тӀад букӀана бецӀлъи. Аллагьасул рухӀги букӀана лъиназда тӀад парпадулеб.
3 Аллагьас абуна:
– Бижа канлъи, – ян.
Ва канлъи бижана.
4 Аллагьасда бихьана канлъиялъул лъикӀлъи. Гьес канлъиги бецӀлъиялдаса батӀа гьабуна.5 Канлъиялда цӀар «къойилан» лъуна, бецӀлъиялда цӀар «сордойилан» лъуна.
Сордо ана, къо бачӀана. Гьеб букӀана тӀоцебесеб къо.
6 Аллагьас абуна:
– Лъинал кӀийиде рикьизе гьезда гьоркьоб къвакӀараб пардав бижа, – ян.
Гьедин ккезеги ккана.
7 Аллагьас пардав бижана. Гьес пардавалда гъоркьеги тӀадеги – лъинал кӀийиде рикьана.8 Гьеб пардавалда цӀарги «зобилан» лъуна.
Сордо ана, къо бачӀана. Гьеб букӀана кӀиабилеб къо.
9 Аллагьас абуна:
– Зобалда гъоркь бугеб кинабго лъим цо бакӀалде чвахе, ракъдаллъи къватӀибе бакка, – ян.
Гьедин ккезеги ккана.
10 Ракъдаллъиялда цӀарги Аллагьас «ракьилан» лъуна, цоцазде данделъарал лъиназда цӀарги «ралъад» абун лъуна. Аллагьасда бихьана гьеб лъикӀ ккей.
11 Аллагьас абуна:
– Ракьалъ бижизабе гъветӀ-хер: жидер хьонал ругел хурдул ва жиделъ хьон бугеб пихъ кьолел гъутӀби. Ракьалда тӀад гьезул щибаб букӀа жинди-жиндир тайпаялъул.
Гьедин ккезеги ккана.
12 Ракьалъ бижизабуна гъветӀ-хер: жидер хьонал ругел хурдул (щибаб жинди-жиндир тайпаялъул) ва жиделъ хьон бугеб пихъ кьолел гъутӀби (щибаб жинди-жиндир тайпаялъул). Аллагьасда бихьана гьеб лъикӀ ккей.
13 Сордо ана, къо бачӀана. Гьеб букӀана лъабабилеб къо.
14 Аллагьас абуна:
– Зодил пардавалда рижа сордоги къоги батӀа гьабулел, батӀи-батӀиял байрамазул заман бихьизабулел, къоялги соналги рикӀкӀине бажарулел гвангъарал-кунчӀарал чирахъал.
15 Ракьалъе канлъи кьезе кенчӀезе риччанте гьел гьеб зодил пардавалда.
Гьедин ккезеги ккана.
16 Аллагьас кӀиго кӀудияб чирахъ бижана, гьезул цӀикӀкӀараб – къоязе ханлъи гьабизе, гьитӀинабаб – сардазе ханлъи гьабизе. Гьединго цӀвабиги рижана.17 Аллагьас гьел зодил пардавалда рекъезаруна: гьез ракь гвангъизабизе,18 къоязеги сардазеги ханлъи гьабизе ва канлъиги бецӀлъиги цоцаздаса тӀезабизе. Аллагьасда бихьана гьеб лъикӀ ккей.
19 Сордо ана, къо бачӀана. Гьеб букӀана ункъабилеб къо.
20 Аллагьас абуна:
– Лъиназ рижизаре цӀакъго гӀемерал рухӀчӀаголъаби. Зодил пардавалдасан хӀанчӀиги роржанхъе.
21 Гьедин Аллагьас рижана ралъдал аздагьаби, лъадалъ журкъун рукӀунел киналго рухӀчӀаголъаби (щибаб жинди-жиндир тайпаялъул) ва зодихъ роржанхъулел киналго хӀанчӀи (щибаб жинди-жиндир тайпаялъул).
Аллагьасда бихьана гьеб лъикӀ ккей.
22 Ва гьезда баркат лъегиянги абун, гьес амру гьабуна:
– Нужерго тӀинчӀ-къед цӀикӀкӀинабе, нужго гӀемерлъизе, ралъадазул лъинал кьабун цӀезаре. Риччанте ракьалда тӀад хӀанчӀиги гӀемерлъизе.
23 Сордо ана, къо бачӀана. Гьеб букӀана щуабилеб къо.
24 Аллагьас абуна:
– Ракьалъ рижизаре рухӀчӀаголъаби (щибаб жинди-жиндир тайпаялъул) – хӀайваналги, ракьалдасан шурулел жалги ва гӀалхул жанаваралги.
Гьедин ккезеги ккана.
25 Аллагьас рижана гӀалхул жанаварал (щибаб жинди-жиндир тайпаялъул), хӀайванал (щибаб жинди-жиндир тайпаялъул) ва ракьалдасан шурулел жал (щибаб жинди-жиндир тайпаялъул). Аллагьасда бихьана гьеб лъикӀ ккей.
26 Аллагьас абуна:
– Нижер сураталда ва нижер сипаталда рекъон инсан вижила нижеца – ралъдалъ ругел ччугӀбуздаги, зобалазда роржанхъулел хӀанчӀаздаги, хӀайваназдаги, тӀолабго ракьалда тӀад ва ракьалдасан шурулелщинал жалазда тӀадги ханлъи гьабизе.
27 Гьедин Аллагьас инсан вижана жиндирго сураталда,
Жиндирго сураталда вижана Гьес гьев.
Рижана бихьинчиги чӀужугӀаданги.
28 Гьезда баркат лъезе Аллагьас гьадин абуна:
– Нужеца лъимал цӀикӀкӀун гьаре нужго гӀемерлъизе. Нужеца ракь цӀезабе ва нужеего мукӀурлъизабе. Ралъадазулъ ругел ччугӀбуздаги, зобалазда роржанхъулел хӀанчӀаздаги ва ракьалдасан хьвадулелщинал жалаздаги тӀад ханлъи гьабе.
29 Аллагьас абуна:
– Гьале дица нужее нигӀматлъун кьуна ракьалда рижаралщинал жидер хьонал ругел хурдул ва жиделъ хьон бугеб пихъ кьолел гъутӀби.
30 ГӀалхул жанаваразеги, хӀанчӀазеги, ракьалдасан шурулелщинал жалазеги – рухӀ бугебщиналъе кваназе дица киналго гӀурччинал хурдул кьолел руго.
Гьедин ккезеги ккана.
31 Аллагь валагьана жинцаго бижанщиналъухъ – цӀакъ лъикӀ букӀана гьеб.
Сордо ана, къо бачӀана. Гьеб букӀана анлъабилеб къо.
prev / next